bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 27
Acts 27
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 26
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 28 →
1
Гамида рекІун Италиялде ине нижер хІукму ккедал, Павелги цогидал туснахъалги рачун витІана къайсарасул полкалдаса нусилбетІер Юлий.
2
Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги.
3
Нахъисеб къоялъ ниж Сидоналде щвана. Павелида гурхІун, Юлийица гьев жиндирго гьудулзабазухъе ине виччана, гьезги Павелие къваригІара-тараб кьезе.
4
Кутакалда данде пулеб гьури бахъиндал, гьениса нижер гама Кипралъул къилбаялъул рахъалдасан ун,
5
Киликиялъул ва Памфилиялъул ракьалда бугеб ралъадги къотІун, Ликиялъул шагьар Мираялде щвана.
6
Гьениб нусилбетІерасда батана Италиялде унеб Искандарияталъул гама. Гьелда рекІинаруна гьес ниж.
7
Чанго къоялъ аниги, кІудияб манзилго нахъа тезе бажаричІо нижер гамида ва хІалицаго Книдалде рорчІана. Кутакаб гьороца церехун риччалел рукІинчІелъул, Крит чІинкІиллъиялъул гьородаса цІунараб рахъалдасан, Салмонаялъул мицІиралда цебесан бачине ккана гама.
8
ЧІинкІиллъиялъул рагІалдасан лъедон, гІемераб къоги бихьун, ахирги щвана Ласея шагьаралда аскІоб бугеб ЛъикІаб Гавань абулеб бакІалде.
9
Гьедин гІезегІан мех индал, ГурхІиялъул къо абураб жугьутІазул динияб байрам лъугІараб заманги букІун, хадурккун церехун лъедезе хІинкъи бугеб хІал лъугьана.
10
Павелица абуна: — Дихъ гІенекке нуж! ТалихІ къараб сапар бугин ккола дида гьаб. Гамие ва гьелда тІад бугеб къайиялъе гуребги, гІадамазегицин зарал ккеялда хІинкъи буго.
11
Амма нусилбетІерас Павелил гьел рагІаби гІадахъ росичІо, капитанасдаги гамил бетІергьанасдаги божана гьев.
12
Хаселалъго гьенир чІезе санагІалъи бугеб гавань букІинчІо гьеб. Гьединлъидал гІемериселги разилъун, хІукму гьабуна нахъеги ралъдалъе рахъине ва Крит чІинкІиллъиялъул къилбаялъулабги севералъулабги рахъалдасан бакътІерхьуде балагьараб Финиксалъул гаваналде рорчІуларищали хІалбихьизе, цинги хаселги гьениб тІамизе.
13
Къилбаялдасахун тІадагьаб гьури пуйзе байбихьараб мехалъ, гьезда ракІалде ккана гьанже бугин бищунго санагІатаб заманилан. Цинги якорьги тІаде харцІун, Криталъул рагІалдасан лъедезе лъугьана нижер гама.
14
[14-15] Амма гІемер заман иналдего, чІинкІиллъиялдасахун северияб бакъбаккул рахъалдасан гьалагаб гьури речІчІана гамида ва гьебгун къеркьезе къуват гІечІелъул, бергьараб гьороца жиндие бокьаралъубе бачун унеб букІана нижер гама.
16
Кавда абулеб цо гьитІинабго чІинкІиллъиялъул гьури гьечІеб рахъалдасан ана ниж. Гьениб хІалицаго кІвана гъанкъиялда хІинкъи бугеб мехалъ пайда босулеб раса щула гьабизе. Гамида тІаде босун, гъоркьан рачун квараз бухьана гьеб гамида.
17
ТІадгояб бакІалда салулъ къачІого рорчІилародайилан хьулалъ, нижеца лъадалъе биччана гама лъеда тІад чІезабулеб хасаб алат. Гьебмехалъги гьороца цебехун хъамулеб букІана нижер гама.
18
Гьороца гама рахъ-рахъалде кьабезабулеб букІиндал, нахъисеб къоялъ байбихьана гамида букІараб къайи ралъдалъе базе.
19
Лъабабилеб къоялъин абуни, гамие къваригІунеб тІагІел-алатги рехана гьез жалго лъугьун ралъдалъе.
20
Чанго къоялъ нижеда я бакъул гордо бихьичІо, я цІваби рихьичІо. Гьуриги гьалаглъулебго гьалаглъулеб букІана. Хвасарлъиялдаса хьулго къотІана нижер.
21
Чанго къо бана щивниги кваначІелдаса нахъе. Гьебмехалъ тІаде вахъун Павелица абуна: — ГІенекке, гІадамал! Криталдаго чІайилан абулеб букІана дица нужеда, добмехалъ нуж дир рагІухъ гІенеккун рукІаралани, гьаб балагьги бачІинароан, гьадинаб кІудияб заралги ккелароан.
22
Гьанже дица нужеда гьарулеб буго къвакІун чІайилан. Нужер щивниги хвезе гьечІо, амма гама щущан ина.
23
Дица жинде иман лъолев ва лагълъи гьабулев Аллагьасул малаик вачІун, нолъ гьес дида абуна:
24
«Мун хІинкъуге, Павел. Аллагьас рагІи кьолеб буго мун къайсарасда цеве чІезе вачинилан ва дуда цадахъ ругезеги дуе бокьараб ккезе бугилан».
25
Гьединлъидал, дир гьудулзаби, нуж къвакІун чІа. Дун дирго Аллагьасда божула. Гьес дие илгьам гьабухъе ккезе буго кинабго.
26
Цо кинаб бугониги чІинкІиллъиялде рехила нилъ карачалабаз.
27
КъватІире рахъун анцІила ункъабилеб сордоялъ Адриатикаялда гьороца добе рехун, гьанибе рехун, кьабелеб букІана нижер гама. Сордо бащалъулеб гІужалъ гамихъабазда бичІчІана ракъдаде гІагарлъулел рукІин.
28
Лъадал гъварилъи борцараб мехалъ, кІикъого метр гурони батичІо тІиналде щвезе. Цо заманаялдасан нахъеги борциндал, лъеберго метралде ккун батана.
29
Гама кьурабазда тункизе гурилан, ункъо якорь биччана тІиналде ва сордо хехго рогьагиян гьарделел рукІана.
30
Гьебмехалъ гамихъабаз къасд гьабуна гамидаса лъутизе. Гамил цебесеб рахъалдасан якорь рехизе бокьун бугиланги абун, ралъдалъе раса биччазе лъугьана гьел.
31
Амма Павелица нусилбетІерасдаги рагъухъабаздаги абуна, гьел гамида чІечІони, нилъ хвасарлъуларилан.
32
Гьебмехалъ рагъухъабаз къотІун рехана раса гамидехун бухьун букІарал кварал ва гьеб расаги лъадалъе бортун ана.
33
ХъахІлъи балеб мехалъ, Павелица киназдаго лъазабуна гьанжегІаги кваназе ккелилан. Гьес абуна: — Жакъа анцІила ункъабилеб къо буго нуж кваначІого чІун.
34
Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: цо щиб букІаниги кванай, нужерго рухІ хвасарлъиялъе, нужер бутІруздаса цониги рас бортизе гьечІебин.
35
Гьединги абун, цо чед кодобе босана Павелица, цинги киназдаго рагІун Аллагьасе реццги гьабун, бекунго бекун гьеб квине лъугьана.
36
Киналго чІинкьа-кІитІун, аваданлъун лъугьана, кваназе байбихьана.
37
(Гамида тІад вукІана кинавниги кІинусиялда лъабкъоялда анцІила анлъго чи.)
38
Кванан рахъараб мехалъ, гьез байбихьана гамида букІараб ролъги лъадалъе бан, гьеб тІадагьлъизабизе.
39
Рогьараб мехалъги лъачІо гьезда щиб ракь гьебали батІа бахъизе: ралъдал цо квачІалъул рагІалда бихьулеб букІана салуца бацараб ракъдаллъи. Гама гьенибе бачине бажаруларищали хал гьабуна.
40
Якорал, гамидаса ратІа гьарун, ралъдалъе риччана. Руль щула гьабун букІараб кварги къотІун, гамил цебесеб рахъалда дугъ борхизабуна гьеб сагІаталъго. Гьури жаниб багъулеб хІалалъ гьеб дугъги рекъезабун, рагІалдехун балагьун бачана гама.
41
Амма тІадгояб бакІалде ккана. Гамил цебесеб рахъ салулъ къана, гьанже чІахІиял карачалабаз цоцалъа бахъулеб букІана гамил нахъисеб рахъ.
42
Гьениб рагъухъабаз хІукму гьабуна туснахъал чІван лъикІилан, лъедон ун цонигияв гьезухъа ворчІизе гурилан хІинкъун.
43
Амма Павелил гІумру хвасар гьабизе бокьун, нусилбетІерас гьел чІвазе риччачІо. Лъедезе лъалел чагІи, тІоцере ралъдалъе кІанцІун, ракъдаде рорчІуларищали хал гьабеян буюрухъ кьуна гьес.
44
Цогидазе амру гьабуна хъарщазда ва гамил тІагІел-алаталда хурхун жинда цадахъ рагІалде рахъине хІаракат бахъейилан. Гьедин киналго ракъдаде рорчІана.
← Chapter 26
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 28 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28