bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 16
Acts 16
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 17 →
1
Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав.
2
Листраялда ва Икониялда ругел вацаз веццана гьасие Тимофей.
3
Павелие бокьана гьев цадахъ вачине. Гьединлъидал гьеб рахъалда ругел жугьутІазул тІадкІалъай букІунгутІизе Тимофейие сунат гьабуна. Гьезда киназдаго лъалеб букІиндалха гьасул эмен грекав вукІин.
4
Гьедин цо шагьаралдаса цоги шагьаралде ун, гьез диналъул вацазда бицунеб букІана Иерусалималда чапарзабазги диниял бутІрузги гьабураб хІукмуялъул хІакъалъулъ. Гьарулеб букІана гьеб тІубазабеян.
5
Къоялдаса къоялде иман лъуразул агьлуялъул иман щулалъулеб букІана, муъминзаби гІемерлъулел рукІана.
6
Рохалил хабар босун Асиялде ине Илагьияб РухІалъ гьезие изну кьечІелъул, Павелги гьесда цадахъ рукІаралги ана Фригиялдасан ва Галатиялдасан.
7
Амма Мисиялда дандбитІун бугеб бакІалде щун Битиниялде ине къасд гьабидал, ГІисал РухІалъ гьениреги риччачІо гьал.
8
Гьедин Мисияги къотІун ун Троадаялде щвана.
9
Гьеб сордоялъ цебетІами лъугьун тІаде вачІун Македониялдаса цо чияс Павелида гьарана ралъад къотІун жидехъе Македониялде вачІайилан ва жидее кумек гьабейилан.
10
Павелие гьеб цебетІами лъугьун хадуб Македониялде ине гІедегІана ниж. Нижеда бичІчІидалха Рохалил хабар бицине Аллагьас ниж гьенире ахІулел ругеблъи.
11
Троадаялдаса гамида рекІун ниж Самофракия чІинкІиллъиялде ана. Нахъисеб къоялъ Неаполалде ана.
12
Гьенисаги ана Филиппиялде. Гьеб батана Македониялъул гьеб рахъалда бугеб кІудияб шагьар, Рималъул кверщаликь бугеб вилаят. Гьениб нижеца чанго къо бана.
13
Шамат къоялъ ниж ана шагьаралдаса къватІибехун бугеб гІурул рагІалде, жугьутІаз какал ралеб бакІ гьениб бугилан ккун. Гьенире рачІарал руччабазда аскІор гІодор чІун, гьелгун гара-чІварулел рукІана ниж.
14
Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе.
15
Гьелдаса хадур гьейги гьелъул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъидал, гьей гьардезе лъугьана: — ХІакълъунго дун ТІадегІанасда божулей йикІиналда нужер ракІчІей батани, дихъе гьоболлъухъ рилълъа, — ян. Жиндаго цадахъ рилълъине разилъизаруна гьелъ ниж.
16
Цо къоялъ какал ралеб бакІалде унаго, цо гІолохъанай гъараваш данде ккана. Гьей йигоан карамалъи бугей гІадан, букІине-ккезе бугебщинаб цебеккунго бицунеб жен букІана гьелъул чорхолъ. Гьедин пал тІамун гьелъ гІемераб гІарац бакІарулаан жиндирго бетІергьабазе.
17
Павелидаги нижедаги хадуй ячІунаго, чІчІичІчІидана гьей: — Гьал руго ТІадегІанав Аллагьасе гІибадат гьабулел гІадамал. Гьез нилъеда бихьизабулеб буго нилъ хвасарлъулеб нух!
18
Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда: — МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян! Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб.
19
Жидее щолеб букІараб хайиралдаса махІрумлъарал гьей гъаравашалъул бетІергьабаз, ккун рачун, Павелги Силаги базаркъотІноре хІакимзабазда аскІоре щвезаруна. Гьелги судиязухъе рачун:
20
— Гьал жугьутІал руго, — ян абуна гьез, — гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго.
21
Нилъеца — Рималъул гІадамаз — къабул гьаризеги тІуразаризеги бегьуларел гІадатал тІиритІизарулел руго гьаз.
22
Халкъ цадахъго Павелидаги Силадаги тІаделъана. Къадияз амру гьабуна, тІаса ретІелги бахъун, хьопоца рухеян.
23
ЛъикІго хьопоцаги рухун, туснахъалъур тІамуна гьел. Туснахъалъул хІакимасдаги лъазабуна лъутиларедухъ хъаравуллъи чІезабеян.
24
Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана.
25
Сордо бащалъулеб заманаялда Павелги Силаги дугІаби гьарулел ва Аллагь веццун туркаби ахІулел рукІана. Гьазухъ гІенеккун цогидал туснахъалги рукІана.
26
Тохлъукьего кутакалда ракь багъарана. КьучІдасанго гьаргьадизе лъугьана туснахъалъул къадал. ГьебсагІат киналго нуцІби рагьун ана, туснахъалъур ругезда ран рукІарал хІухьдул рортун ана.
27
Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев.
28
— Воре, дуца дуего жаза гьабуге, ниж киналго гьанир руго, — ян ахІана гьесде Павелица.
29
Кан босизе чиги витІун, туснахъалъул хІаким векерун жаниве ана ва сородилаго Павелидаги Силадаги цеве кІалагъоркье речІчІана.
30
Цинги гьес, гьелги къватІире рачун, гьикъана: — Я, бетІерчІахъадал! Хвасарлъизе ккани, щиб дица гьабизе кколеб?
31
— ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, — ян абуна гьез.
32
Цинги гьесдаги гьесул рукъалъул агьлуялдаги Аллагьасдасан Рохалил хабар бицана.
33
Гьеб сордоялъ рокъоре рачун гьес Павелилги Силалги ругънал чурана. ГьебсагІат гьез гьевги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана.
34
ТІаде рачун гьес гьезие лъикІаб гьоболлъи гьабуна, Аллагьасде иман лъеялдаса кутакалда рохун рукІана гьевги гьесул рукъалъул агьлуги.
35
Нахъисеб къоялъ радал судияз туснахъчиясухъе жидерго нукарзаби ритІун рачІана дов кІиявго чи къватІиве виччаян лъазабизе.
36
Павелида аскІове вачІун туснахъчияс абуна: — Судияз чагІи ритІун рачІун руго нуж къватІире риччайилан лъазабизе. Гьанже нуж берцинго нахъе а гьаниса.
37
Павелица гьезда абуна: — Рималъул гражданал рукІиналъухъги балагьичІого, судалъ хІукмуги гьабичІого, халкъалда цере рачун рухана ниж, цинги туснахъалъур тІамуна. Гьанже балъгого гьаниса яризаризе къваригІун бугин ккола. Гьелда ниж рази гьечІо. РачІинеги рачІун гьез жидецаго рачеян абе ниж гьаниса къватІире!
38
Туснахъчиясухъе ритІун рукІарал нукарзабаз судиязда бицана гьадин абулеб бугин дозилан. Гьел хІинкъана Павелги Силаги Рималъул гражданал рукІин лъараб мехалъ.
39
ТІасалъугьинаризе рачІун, гьез гьав кІиявго туснахъалъуса къватІиве вачана ва шагьаралдаса нахъе айилан гьарана.
40
Гьелин абуни, туснахъалъуса къватІире риччаралго, Лидиял бакІалде ана. Цинги, вацалгун дандчІвараб мехалъ, гьезие насихІатги гьабун, сапаралде рахъана.
← Chapter 15
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 17 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28