bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 3
Acts 3
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 4 →
1
Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана.
2
Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив.
3
Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас.
4
Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна: — Нижехъ валагье! — ян.
5
Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи.
6
Пётрица абуна: — ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун!
7
Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун,
8
гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана.
9
Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев.
10
Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана.
11
Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре.
12
ГІемераб халкъ гьенибе бакІарун бихьидал, Пётрица гьезда абуна: — Я, вацал жугьутІал! Щай нуж гьев чиясда гІажаиблъулел? Нижер къудраталдалъун яги нижер валилъиялдалъун гьев чи вилълъанхъизавун вугев гІадин щай нуж нижехъ ралагьулел?
13
Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна.
14
Илагьияв ва вацІцІадав чиясдаса инкарги гьабун, нужеца Пилатида гьарана чІвадарухъан туснахъалдаса къватІиве виччайилан.
15
ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж.
16
Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав.
17
Амма дида лъала, вацал, нужецаги нужер хІакимзабазги гьеб иш гьабиялъе гІилла буго нужеда гьеб бичІчІичІолъи.
18
Церего ритІарал киналго аварагзабаздалъун Аллагьас лъазабун букІана гьесул МасихІие гІазаб-гІакъуба букІинилан. Гьедин тІубазеги гьабуна Аллагьас гьеб.
19
Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе,
20
БетІергьан аскІов вукІиналдалъун рахІат-хІалхьи лъугьине, цевеккунго нужее гьес вихьизавун вукІарав МасихІ ГІиса нахъеги витІун вачІине.
21
Кинабго цІилъизабизегІан ГІиса зобалазда вукІине ккола. Жиндирго ритІухъал аварагзабазда некІого бицун букІана Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ.
22
Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж.
23
Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила».
24
Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ.
25
Нуж ккола гьел аварагзабазул лъимал. «Дур наслуялдасан дуниялалъул киналго халкъазде баркат бачІина», — ян Ибрагьимидаги абун, нужер умумузе Аллагьас гьелъие къотІи гьабун буго.
26
Аллагьас хваралъуса вахъинавун хадув бищунго цеве нужехъе витІана жиндирго вакил, нужеда баркат лъезеги нужер щивав чи жиндирго квешлъиялдаса вуссинеги бокьун.
← Chapter 2
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 4 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28