bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 26
Acts 26
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 25
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 27 →
1
— Гьанже бицеха дурго, — ян абуна Агриппаца Павелида. Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе:
2
— Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей.
3
Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан.
4
Киналго жугьутІазда лъала гІолохъанаб мехалдаса нахъего дирго халкъалда гьоркьобги хадуб Иерусалималдаги кинаб гІумру дир букІарабали.
5
Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез.
6
Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан.
7
Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз.
8
Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб?
9
Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан.
10
Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица.
11
Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе.
12
Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун.
13
Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги.
14
Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! — абун ахІана гьес. — Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа».
15
«Мун щив, бетІерчІахъад?» — абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, — ян абуна ТІадегІанас. —
16
ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе.
17
Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила.
18
Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила».
19
Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун.
20
Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян.
21
Гьеб сабаблъунин дун Мукъадасаб Рокъов жугьутІаз тІад речІчІун ккурав ва чІвазехъин вукІарав.
22
Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо.
23
Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан.
24
Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана: — Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! — абун.
25
— Дун гІадаллъун гьечІо, бетерчІахъаяв Фест, — абун жаваб кьуна гьесие Павелица. — Гьаб дир рагІи битІарабги буго, цІодорабги буго!
26
Агриппа ханасда цІакъ лъикІ лъалелъул гьадинал ишазул хІакъикъат, хІинкъичІого гьесдехун кІалъалев вуго дун. Гьаб ишалъулъ щибго балъгояб жо хутІун батиларо гьесие, бецІаб бокІнилъ гурелъул гьеб кинабго ккараб.
27
Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи.
28
Гьебмехалъ Агриппаца Павелида абуна: — Дун христианавлъун лъугьинави гьедигІан бигьаяб ишиланищ дуда ккараб? Павелица абуна:
29
— Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха!
30
Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана.
31
— ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, — ян абулеб букІана гьез цоцазда.
32
Цинги Агриппаца Фестида абуна: — ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.
← Chapter 25
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 27 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28