bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 28
Acts 28
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 27
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
1
Ракъдаде рорчІидал, нижеда лъана гьеб чІинкІиллъиялда цІар Мальта букІин.
2
Гьеб ракьалъул гІадамаз гІемерго лъикІаб гьоболлъи гьабуна нижее. ЦІад балеб букІиндал, квачалелги рукІана ниж. ГьебсагІат цІаялги ракун, хинлъизе цІадухъе рачана гьез ниж.
3
Къвал цІун босун бачІун, хьоп-хъарахъ цІадабе балев вукІарав Павелил кверда хІанчІана цІадул бухІиялдаса хІинкъун къватІибе шурун бачІараб борхьица.
4
Гьесул квералда далун чІараб борохь бихьидал, гьел гІадамаз цоцазда абулеб бугоан гьав чи чІвадарухъан ватилилан. Бихьуларищила, ралъдалъ гъанкъиялдаса хвасарлъаниги, гьаниб ракъдадаги ритІухълъи бергьун, гьанже гьев гІумруялдаса махІрумлъизехъин вугила.
5
ХьвагІун квергун, цІадабе бортизабуна Павелица гьеб борохь. КигІан дагьабниги унтиги лъачІо гьесда.
6
Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез.
7
Гьениб гІагардаго букІана гьеб чІинкІиллъиялъул сардар Публийил мина-мулк. Гьес ниж жиндихъего рачана ва лъабго къоялъ гьениб лъикІаб гьоболлъи гьабуна.
8
Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна.
9
Гьелъул хабар рагІун, чІинкІиллъиялда рукІарал цогидал унтаралги рачІана гьесухъе. Гьелги сахлъизаруна Павелица.
10
Гьеб чІинкІиллъиялъул гІадамаз цІакъаб адаб-хІурмат гьабуна нижер. Гамида рекІун гьениса нахъе унеб мехалъ нухда босизе къваригІара-тарабги кьуна гьез нижее.
11
Лъабго моцІидасан рахана ниж гамиде. Хаселалъго гьениб хутІараб Искандарияталъулаб гама букІана гьеб, Диоскуразул — «КІиго цадахъ гьаруразул» цІарги лъураб.
12
Сиракузиялде щун, гьенибги бана лъабго къо.
13
Гьениса рахъун, Сицилиялъул рагІалдасан лъедон, Региялде щвана. Цо къо гьениб бараб мехалъ, къилбаялъул гьури пуйзе байбихьидал, ралъдалъе бахъана нижер гама ва нахъисеб къоялъ Путеолиялде щвана.
14
Гьенир ратарал вацазул гьари къабул гьабун цо анкь гьезда аскІобги бана. Гьале ниж Рималде щвана.
15
Рималда ругел вацазда нижер хабар рагІун, гьел данде рачІана Аппийил Базаралде ва «Лъабго Петер» абулеб бакІалдеги щвезегІан. Гьел рихьараб мехалъ мугъзал чІоло битІана Павелил, Аллагьасе рецц гьабуна гьес.
16
Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун.
17
Лъабго къоялдасан гьес гьенир ругел жугьутІазул бищунго къадру-къимат бугел гІадамал данде ракІарана. РачІун гьел данделъидал, Павелица гьезда абуна: — Я, вацал! Нилъер халкъалда яги нилъер умумузул гІадатазда дандечІун дица гьабураб кигІан гьитІинабниги квешлъи гьечІониги, Иерусалималда дун туснахъалъув тІамуна ва Рималдаса хІакимзабазухъе кьуна.
18
Гьез дир ишалъул цІех-рех гьабуна, амма чІвазе къотІизе гІураб гІайиб-хатІа батичІелъул, нахъе виччазехъин вукІана.
19
ЖугьутІал гьелда дандечІедал, дун къайсарасухъе витІейилан гьаризе ккана дица. Амма дирго халкъалда гІайиб чІвазе гуребха!
20
Гьединлъидалин дица нужеда гьарараб гьанире данделъеян ва дица бицаралъухъ гІенеккеян. ХІакъикъаталдайин абуни, гьал рахсаца дун вухьун вукІиналъе гІиллалъун вуго Жив вачІинилан Исраилил халкъалъул хьул бугев чи.
21
Гьез Павелида абуна: — Дур хІакъалъулъ нижехъе Ягьудиялдаса цониги кагъатги бачІинчІо, гьениса вачІарав цониги чияс дур рахъалъ квешаб хабарги бачІинчІо, квешаб рагІи жинцагоги абичІо.
22
Амма нижее бокьун буго дур пикруялъухъ гІенеккизе. Гьеб мазгьабалъул хІакъалъулъни нижеда рагІана, киса-кибего халкъ гьелда дандечІун гаргадулеб бугилан.
23
Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана.
24
Цоял божана гьес бицаралда, цогидал божичІо.
25
— Илагьияб РухІалъ малъун, Ишая аварагас цІакъ битІун абун буго нужер умумузул хІакъалъулъ, — гьедин байбихьун Павелица гьездехун хитІаб гьабураб мехалъ цоцалъ дагІбадана, къацандана гьел ва рахъун къватІире ана.
26
Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица: — «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо.
27
Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизе».
28
[28-29] Гьединлъидал нужеда лъан букІа: цогидал халкъазе Аллагьас хвасарлъи битІун бачІун буго. Гьеле гьезда рагІизе буго!
30
Жинцаго мухьдахъ ккураб гьеб рокъоб тІубараб кІиго лъагІел бана Павелица. ТІаде рачІаралщиналги къабул гьарулаан гьес.
31
Лъилниги квекІен гьечІого ва расги хІинкъичІого бицунеб букІана гьес Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъги ТІадегІанав МасихІ ГІисал хІакъалъулъги.
← Chapter 27
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28