bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 13
Acts 13
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 14 →
1
Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул.
2
ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», — ян.
3
КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана.
4
Илагьияб РухІалъ ритІун гьел Селевкиялде щвана ва гьенисан, гамидаги рекІун, Кипралде ана.
5
Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана.
6
Кипр чІинкІиллъи къотІун ун Пафосалде щвана. Гьенив ватана БариешуагІ абулев цо жугьутІав. Гьев вукІана сихІручи ва гьересиавараг.
7
Сергий Павел абулев цІодорав-гІакъилав цо наибасул цевесев чиги вугоан гьев. Аллагьасул рагІиялъухъ гІенеккизе бокьун бугилан Сергий Павелица Барнабаги Шаулги жиндихъего ахІана.
8
Амма СахІир-Элимаца (греказ гьедин абулаан БариешуагІида) хІаракат бахъулеб букІана гьев наибас иман лъезе биччаларилан.
9
Илагьияб РухІалъ цІурав Шаулица (гьесул цогидаб цІар Павел букІана) гьебмехалъ гьесда бадибе абуна:
10
— Ле, хІилла-рекІкІалъулги ва квешабщиналъулги вугІун цІурав илбисалъул вас, ритІухъабщиналъул тушман! БетІергьанасул битІараб нух гьетІа-кІичІизабичІого чІезе кІоларищ дуда?
11
Гьале БетІергьанас дуде квер гьесулеб буго. ГьабсагІат мун бецлъила, дагьабго заманаялъ бакъул канлъиялдаса махІрумлъила! Гьеб параялда дуниял бецІлъана гьесие, тІуванго бецлъана гьев. Квер ккун живго вачине чи валагьизе лъугьана.
12
Гьеб кинабго бихьарав наибасул рекІелъе иман тІинкІана. Гьев хІикмалъизавуна ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ хабаралъ.
13
Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн.
14
Пергаялдаса рахъун ун гьел Писидиялъул Антиохиялде щвана, шамат къоялъ синагогаялъуре лъугьун, гьенир гІодор чІана.
15
Мусал Тавраталдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги калимаби цІалун рахъараб мехалъ, гьеб синагогаялъул бутІруз гьезухъе ритІарал чагІаз гьезда абуна: — Я, вацал, гьаб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе бокьун батани, ниж нужехъ гІенеккила, — ян.
16
ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: — Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ!
17
Гьаб Исраилил халкъалъул Аллагьас нилъер умумул тІаса рищана, апарагзабилъун Мисриялда рукІараб заманаялда Гьес нилъер халкъ кІодо гьабуна ва жиндирго кІудияб къудраталдалъун доб чияр ракьалдаса къватІире рачана.
18
КІикъого соналъ гІицІаб авлахъалда рукІараб мехалъ, чанцІулго къосаниги, Аллагьас гьел рехун течІо.
19
[19-20] КангІаналъул ракьалда анкьго халкъги паналъизабун, гьеб ракь Исраилил халкъалъе ункънусиялда кІикъоялда анцІго сонгІанасеб заманаялъ ирсалъе кьуна Аллагьас. Цинги Шамуил авараг витІизегІан Аллагьас гьезие къадизаби кьуна.
21
Хадуб гьез парччахІ кьейилан гьаридал, Аллагьас гьезухъе витІана Буняминил наслуялъул Кишил вас Шаул. КІикъого соналъ гьес парччахІлъи гьабуна гьезие.
22
Цинги, гьевги тІаса рехун, Давуд авараг гьезие парччахІлъун гьавуна. Гьесул хІакъалъулъин Аллагьас гьадин абураб: «Дица Йессейил вас Давуд тІаса вищана. Гьев Дие рекІее гІуна. Дие бокьарабщинаб гьабизе буго гьес».
23
Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе.
24
Гьев ГІиса вачІиналде ЯхІя аварагас тІолабго Исраилил халкъалда лъазабуна кантІун Аллагьасде руссине лъадалъ ччун рахъаян.
25
Жиндирго гьеб нухлул ахиралде щолев вугеб мехалъ, ЯхІяца абуна: «Нужеца дун щивлъун рикІкІунев вугев? Дун Дов гуро. Дидаса хадув вачІине вуго жиндир хьитил рухьен бичизецин дун мустахІикъав гьечІев чи».
26
Я, дир вацал — Ибрагьимил наслуялъул лъимал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал! Нилъеейин Аллагьас битІараб нилъ хвасар гьарулеб гьеб рагІи.
27
Амма Иерусалималъул гІадамазда ва гьезул хІакимзабазда гьев лъачІелъул ва щибаб шамат къоялъ цІалулел Аварагзабазул ТІухьдузда хъван букІарабги бичІчІичІелъул, гьез гьесие тамихІ гьабуна ва цебеккунго дол Илагьиял ТІухьдузда хъван букІарабги ритІухълъана.
28
ЧІвазе гІураб гІайиб-хатІа тІадчІезабизе кІвечІониги, гьез Пилатида гьарана ГІиса чІвазе къотІеян.
29
ГІисал хІакъалъулъ Илагьиял ТІухьдузда цебеккунго хъван букІарабщинаб гьел гІадамаз гьабун хадуб, гъотІодасаги вахъун, хабалъ вукъана гьев.
30
Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна.
31
Гьелдаса хадув гІезегІан къояз вачІана гьев Галилеялдаса Иерусалималде щвезегІан жиндаго цадахъ рукІарал дол гІадамазухъе. Гьанже гьел гІадамал руго халкъалда цере гьесул нугІзаллъун.
32
Нижецайин абуни нужеда Рохалил хабар бицунеб буго, Аллагьас нилъер умумузе гьабун букІараб къотІи гьес нилъее —
33
гьезул лъималазе — тІубазабун, ГІиса хваралъуса вахъинавунилан. Гьадин хъван буго Забуралъул кІиабилеб туркиялда: «Мун Дир вас вуго. Жакъа Дун дур Эменлъун лъугьана».
34
Ракьулъ турун тІагІунгутІизе ГІиса жинца хваралъуса вахъинавиялъул хІакъалъулъ Аллагьас гьадин абун букІана: «Аллагьас Давудида лъураб баркат — лъиданиги кодоса бахъизе кІолареб Илагьияб баркат — лъела Дица дуда».
35
Гьелъулго хІакъалъулъ цоги туркиялда руго Давудица абурал гьадинал рагІаби: «Дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо Дуца».
36
Жиндирго халкъалда гьоркьоб Аллагьасул амруги тІубазабун, Давуд къадаралде щвана, жиндирго умумузда хадув ана ва гьесул черхги ракьулъ турана.
37
Амма Аллагьас хваралъуса вахъинавурасул черх ракьулъ туричІо.
38
[38-39] Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи.
40
Гьединлъидал, воре, нуж цІодорго рукІа, аварагзабазул гьадинаб калимаялда бугеб иш лъугьине гурин нужеего:
41
«Ле, иман инжит гьабун гаргадулел гІадамал, нуж ралагье, хІикмалъе ва паналъе, нужер заманаялда Дица гьабизе бугелъулха бицунилан кинго нуж божизе гьечІеб иш».
42
Барнабаги Павелги синагогаялъуса къватІире рахъунаго, гІадамаз гьезда гьарана хадусеб шамат къоялъги жидее гьединаб вагІза гьабизе рачІаян.
43
Гьеб данделъи биххун хадур гІемерисел жугьутІал ва Аллагьасе гІибадат гьабулел цогидал халкъазул гІадамал Павелидаги Барнабадаги хадур ана. Гьев кІиясгойин абуни гьезда малъулеб букІана Аллагьас гьезие кьураб баркатгун рукІайилан.
44
Нахъисеб шамат къоялъ тІолабгоялде гІунтІун шагьаралъул халкъ бачІана Аллагьасул рагІухъ гІенеккизе.
45
Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана.
46
Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: — Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго!
47
Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе».
48
Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна.
49
Гьеб рахъалдаги тІибитІана Аллагьасул рагІи.
50
Амма Аллагьасе гІибадат гьабулел ва къадру-къимат бугел руччабиги шагьаралъул хІакимзабиги Павелидаги Барнабадаги данде гьусун тІамуна жугьутІаз. Гьез гьев кІиявго шагьаралдаса къватІиве гъуна.
51
Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана.
52
Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан.
← Chapter 12
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 14 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28