bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 21
Acts 21
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 22 →
1
Гьезулгун къолъикІги гьабун, гамида рекІун ниж битІун Кос чІинкІиллъиялдехун ралагьун ана. Нахъисеб къоялъ щвана Родосалде, гьениса Патараялде ана.
2
Гьениб батана Финикиялдасахун ралъад къотІун унеб гама. Гьелде рахана ниж.
3
Кипр чІинкІиллъи бихьараб мехалъ, гьебги квегІаб рахъалдехун тун, Сириялде ана ва Тиралда рещтІана. Гамидаса юк бахъизе кколеб букІана гьениб.
4
Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан.
5
Гьеб нижер анкь индал, къватІире рахъана ниж. Жидерго лъудбигун, лъималгун шагьаралдаса къватІире ниж тІоритІизе рачІана муридал, ва ралъдал рагІалде щведал, нижеца суждаялда чІун дугІа гьабуна.
6
Цоцазе къолъикІги гьабун, нижги гамиде рахана, гьелги тІадруссун ана.
7
Тиралдаса рахъун арал нижер сапар Птолемаидаялда лъугІана. Вацазе саламги кьун, гьезда цадахъ цо къо гьениб бана.
8
Нахъисеб къоялъ лъелго сапаралде рахъун, Къайсарияталде щвана. Иерусалималда тІаса вищун вукІарав анкьгоясдасан цояв — Филипп — гьенив ватун, гьесда рещтІана. Гьев вукІана Рохалил хабар лъазабулев чи.
9
Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан.
10
ГІезегІанго къоял рана гьенир нижеца. Гьеб заманаялда Ягьудиялдаса Птолемаидаялде вачІана кашпу-карамалъи бугев цо Агаб абулев чи.
11
Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна: — Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун.
12
Гьеб рагІидал нижги гьеб ракьалъул гІадамалги Павелида гьардезе лъугьана Иерусалималде унгейилан.
13
Гьебмехалъ Павелица нижеда абуна: — Щай нуж гІодулел? Щай нужеца дирги ракІ бакъвазабулеб? Вухь-вухьун рехияли щиб гурин, ТІадегІанав ГІисае гІоло Иерусалималда хвезеги разияв вуго дун.
14
Гьев мукІур гьавизе кІвечІелъул, руцІцІун чІана ниж БетІергьанас хъвараб лъугьинилан.
15
Цо чанго къоялдасан къайи-цІаги къачІан, ниж Иерусалималде ине къватІире рахъана.
16
Къайсарияталдаса цо-цо муридалги рилълъана нижеда цадахъ. Гьез ниж щвезаруна тІоцересел муридаздасан цоявлъун кколев Кипралдаса Мнасонил бакІалде ва гьесда рещтІана.
17
Иерусалималде щведал, вацал рохана ниж рачІиналдаса.
18
Нахъисеб къоялъ Павел, нижги рачун, Якъубил бакІалде вилълъана. Гьенире рачІана киналго диниял бутІрул.
19
Павелица гьезие салам кьуна ва жиндир ишалдалъун Аллагьас цогидал халкъазда гьоркьоб гьабунщиналъул хІакъалъулъ щибго гьоркьоб течІого мухІканго бицана.
20
Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна: — Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал.
21
Дур хІакъалъулъ гьазда бицун буго дуцадила, цогидал халкъазул ракьалда ругел жугьутІазда абунги малъунги бугила Мусал диналъе хилиплъизе бегьулин, васазе сунат гьабичІониги гІолин ва нилъер гІадатал цІунизе кколарин.
22
Гьанже щибха нилъеца гьабизе кколеб? Гьазда лъачІого хутІиларо мун вачІун вугевлъи.
23
Гьединлъидал цо нижеца малъараб жо гьабе дуца: гьанив нижеда гьоркьов вуго Аллагьасе назруялъул гІадат цІунун чІарав ункъо чи.
24
Гьелги цадахъ рачун ун, дуцаги тІубазабе ботІрол рас къунцІизе гьезие изну щолеб рацІцІалъизариялъул гІадат. Гьезие гІологи гІарац дуцаго кье. Гьебмехалъ киназдаго лъала дур хІакъалъулъ бицунеб бугебщинаб мекъи букІин, мунги Мусал къануналда рекъон хьвадулев чи вукІин.
25
Иманалде руссарал цогидал халкъазул рахъалъин абуни, нижеца хІукмуги гьабун, гьезухъе кагъат битІун инчІищ гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, биги гьекъогеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунгеян ва хъахІбалъиги гьабугеян.
26
Гьедин нахъисеб къоялъго гьев ункъавго чиги вачун ун, Павелица рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабуна. Цинги Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьес лъазабуна рацІцІалъиялъул болжал кида лъугІизе бугебали. Гьеб болжал лъугІараб къоялъ гьезул щивасдаса къурбан хъвезе кколаан.
27
Гьеб иш лъугІулеб бугеб мехалъ, Мукъадасаб Рокъов гьев вихьана Асиялдаса рачІарал жугьутІазда. Гьез халкъалда гьоркьоб багъа-бачари лъугьинабуна ва тІад речІчІун Павелги ккуна.
28
— Я, вацал жугьутІал! — ан ахІулеб букІана гьез. — Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна.
29
Гьедин абиялъе гІиллаги букІана: Эфесалдаса Трофим вихьун вукІун вуго гьезда дагьав цевегІан шагьаралъул къотІносан Павелида цадахъ унев. Гьев Трофим жиндаго цадахъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вукІун ватилилан ккун буго гьезда.
30
ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана.
31
Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан.
32
ГьебсагІат гьев, рагъухъабиги нусилбутІрулги рачун, гьениве вортана. АзарилбетІерги рагъухъабиги рачІунел рихьун, Павел вухулел рукІарал гІадамаз гьев живго тана.
33
Гьебмехалъ аскІове ун, азарилбетІерас Павел нахъе вачана, кІиго рахасги бан вухьейилан буюрухъ кьуна. Цинги гьел гІадамазда гьикъана гьав щивилан, гьас гьабураб щибилан.
34
Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан.
35
Болъодухъа тІаде Павел вачунаго, тІаде гурун бачІараб халкъалъул руккелалдаса цІунизе, рагъухъабаз кодов ккун восизе ккана гьев.
36
Хадур лъугьун гІемерал гІадамаз ахІулеб букІана гьев тІагІинавизе кколилан.
37
Хъалаялъул кавудухъе щведал, Павелица азарилбетІерасда абуна цо кІалъазе бегьилищилан. — Дуда греказул мацІищ лъалеб? — ан гьикъана гьес.
38
— Дагьаб цебегІан гъалмагъирги багъаризабун, ункъазарго хъачагъгун авлахъалде лъутун арав Мисриялдаса чи гуревищха мун?
39
Павелица абуна: — Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда.
40
Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес.
← Chapter 20
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 22 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28