bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 8
Acts 8
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 9 →
1
БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана.
2
Муъминал гІадамаз Стефан хабалъ вукъана ва гьесда хадуб гІемераб магІу тІуна.
3
Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана.
4
Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана.
5
Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб.
6
Гьес рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъ рагІунги бихьунги лъалел гІемерал гІадамал данделъун, Филиппихъ гІенеккулел рукІана.
7
Гьелъие гІилла букІана хъубал женаз ккурал гІемерал гІадамазул чорхолъа къватІире гьел жундул чІахІиял гьаркьалги гьарулаго рачІунел рукІинги, гІемерал унтарал чагІи Филиппица сахлъизарулел рукІинги.
8
Гьелдаса цІакъ бохун шагьаралъул халкъги букІана.
9
Гьесдасаги цеве гьеб шагьаралда вукІарав цо Симон абулев чияс сихІру гьабун гІажаиблъизарун рукІана Самариялъул гІадамал. Симоница живго цІакъ кІудияб гьунаралъул чилъун вихьизавулев вукІана.
10
«КІудияб къудратилан» абулеб къудрат жиндилъе лъугьарав чи вугин гьевилан гІисиназги чІахІиязги кІалухъ вахъун вукІана Симон.
11
Гьев кІалухъ вахъиялъе гІиллаги букІана гІемераб заманаялъ гьес гьел жиндирго хІикматал ишаздалъун гІажаиблъизарун рукІин.
12
Аллагьасул ПарччахІлъиялъул ва ГІиса МасихІил цІаралъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунев вугев Филиппида божарал бихьиналги руччабиги лъадалъ ччун рахъулел рукІана.
13
Симонги божана гьесда ва живго лъадалъ ччун вахъизавуна. Гьелдаса хадув тІокІав вичІичІо гьев Филиппида аскІоса. Филиппица рихьизарулел ругел гІаламатаз ва кІудияб хІалкІолъиялъул ишаз хІайранлъизавун вукІана гьев.
14
Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе.
15
Гьенире щведал Пётрицаги Иоанницаги гьезулъе Илагьияб РухІ рещтІагийилан гьарун, муридазе дугІа гьабуна.
16
ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе.
17
Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ.
18
Чапарзабаз тІад квер лъурав чиясе Илагьияб РухІ щолеб бихьидал, гьезие гІарацги босун вачІун, Симоница абуна:
19
— ТІад квер бахъарав чиясулъе Илагьияб РухІ лъугьинабизе кІолеб гьеб нужер къудрат диеги кье, — ян.
20
Амма Пётрица абуна: — Гьеб гІарацги мунги — кІиялгоги цадахъ — паналъагийин нуж, дуда ракІалде кин ккараб мухь кьун Аллагьасул сайигъат бичун босизе.
21
Аллагьасда цебе дур ракІ бацІцІадаб гьечІелъул, гьаб ишалъулъ дуе я бутІа, я ирс букІине гьечІо.
22
Дурго гьеб квешлъиялда рекІекълъун тавбу гьабе ва БетІергьанасда гьаре гьел дур рекІелъ рижарал пикрабазда тІасалъугьайилан.
23
Дида бихьулеб буго дур ракІ хъубаб жахІдаялъул цІун бугеблъиги, гьелдалъун мун мунагьалъул асирлъун лъугьун вугевлъиги.
24
Симоница абуна: — Гьеб нужеца бицунебщинаб балагь диде рещтІинчІого букІине дир рахъалдасан БетІергьанасе дугІа гьабе, — ян.
25
ХІасил — чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар.
26
Бичасул малаик вачІун, гьес Филиппида абуна: — Вахъа, мун а гьанже Иерусалималдаса Газаялде бугеб нухдасан къилбаялъул рахъалдехун валагьун. ГІицІаб авлахъалдасан буго гьеб нух.
27
Вахъун ана гьев. Иерусалималде зияраталъ ун вукІарав цо хІабашияв данде ккана. Гьев вукІана ХІабашистаналъул парччахІлъун йигей Кандакиял кинабго хазина божун тарав чи, живгоги бихьинчиясулаб къуваталдаса ватІалъарав ахта.
28
ЧІухІараб чолгьакидаги рекІун, жиндирго ракьалде тІадвуссун унаго гьес цІалулеб букІана Ишая аварагасул тІехь.
29
Гьеб гьакида аскІовеги витІун, Илагьияб РухІалъ Филиппида абуна гьелда цадахъ айилан.
30
Векерун аскІове щведал, гьасда рагІана гьев чияс Ишая аварагасул тІехь цІалулеб. — Дуца цІалулеб бугеб жоялъул магІна бичІчІулеб бугищ дуда? — ян гьикъана Филиппица гьесда.
31
— Гьеб бичІчІизабизе чи гьечІони, кин гьелъул магІна дида лъалеб? — ан абуна гьес. Цинги гьес Филиппида гьарана гьакиде вахун жинда аскІов гІодов чІайилан.
32
Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев.
33
Гьев гІодовегІанлъизавуна, гьесие ритІухъаб суд гьабизе инкар гьабуна. Гьесул наслу-тухумалъул хІакъалъулъ лъица бицинеб? Ракьалда тІад гьесул гІумру лъугІидалха».
34
Ахтаяс Филиппида абуна: — ТалихІ кьегийин, бице дида: лъил хІакъалъулъ аварагас гьедин абулеб бугеб? Жиндирго хІакъалъулъищ яги цогидасул хІакъалъулъищ?
35
Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар.
36
Гьедин унаго цо лъим бугеб бакІалде щведал, ахтаяс абуна: — Балагье гьаниб лъим бугогури. Гьанив лъадалъ ччун вахъизавизе сунцаниги квалквал гьабиларо дие?
37
[37-38] Цинги гьес гьоко чІезабеян амру гьабуна. Филиппги гьев ахтаги, гьакидаса рещтІун, лъадалъе лъугьана ва Филиппица гьев лъадалъ ччун вахъана.
39
Гьел лъадалъа къватІире лъугьараб мехалъ, Илагьияб РухІалъ восун ун, ахтаясул берда цевеса тІагІана Филипп. Цинги вохуца холаго жиндирго нухда ана ахта.
40
Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес.
← Chapter 7
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 9 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28