bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 19
Acts 19
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 18
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 20 →
1
Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда
2
гьикъана гьес: — Иманалде руссараб мехалъ Илагьияб РухІ лъугьанищ нужелъе? — ян. Гьеб Илагьияб РухІалъул хІакъалъулъ жидеда рагІизего рагІичІилан абуна гьез.
3
Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан.
4
Павелица гьезда абуна: — ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан.
5
Гьеб рагІидал гьел муридал, ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъана.
6
Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана.
7
Кинавниги анцІила кІигогІанасев чи вукІана гьезул.
8
Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица.
9
Амма цо-цо гІадамал чанкІкІун чІун гІенеккулел рукІинчІелъул, халкъалда цебе ГІисал Нух гьез какулеб букІиндал, жиндирго муридалги рачун, гьезда аскІоса нахъе ана Павел. Цинги Тиранн абулев чиясул мадрасаялда гьабулаан гьес щибаб къоялъ вагІза-насихІат.
10
Гьедин ана кІиго сон. Асиялда яшав гьабун рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана Аллагьасул рагІи.
11
Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун Павелил квердасан цІакъго чІахІиял мугІжизатал загьирлъана.
12
ХІатта гьесул квербацІцІ яги ретІел-хьит унаан унтаразухъе босун, ва гьездалъун унтарал сахлъулаан, гІадамазул чорхолъа нахъе унаан хъубал жундулги.
13
Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: — Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян.
14
(Гьел рукІана Ягьудиязул цо кІудияв кашиш Скевал анкьавго вас.)
15
Гьеб хъубаб женалъ гьезда абуна: — Дида ГІисаги лъала, Павелги лъала щив чияли, амма нуж щал кколел?
16
Цинги гьеб хъубаб жен чорхолъ бугев чияс, тІадги речІчІун, гьел гІодор тІамуна. Лъукъ-лъукъун тату хварал гьел, тІад ретІелги гьечІого, тІуризе ккана гьеб рокъоса къватІире.
17
Эфесалда рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана гьеб хабар. Кутакаб хІинкъи лъугьана гьеб халкъалъул рекІелъе. ТІадегІанав ГІисал цІаралъе рецц гьабуна гьез.
18
Гьезул гІемерисез иман лъуна, Павелихъе рачІун, жидерго хъубал ишал рехсон, тавбу гьабуна.
19
ГІемерал сихІручагІаз жидерго тІахьал, гІадамазда рихьулеб бакІалде росун, рухІана. Гьедин рухІарал тІахьазул багьа чІезабураб мехалъ, кІикъоялда анцІазарго гъурущалде бахунеб батана гьеб.
20
Гьедин ТІадегІанасул къудраталдалъун тІибитІулеб ва щулалъулеб букІана Аллагьасул рагІи.
21
Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: — Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, — ян.
22
Жиндирго кІиго кумекчи — Тимофей ва Эраст гьес Македониялде цере ритІана, живгойин абуни, дагьаб заманаялъ Асиялдаго чІана.
23
Гьеле гьеб заманаялда лъугьана ТІадегІанасул Нухалда дандечІараб кІудияб питна.
24
Деметрий абун цо гІарцул устар вукІана гьенив. Артемида аллагьалъул хІурматалда бараб храмалда релълъарал гІисинал храмал гьарун ричулаан гьес. Гьесул гьеб даран-базаралъул кутакаб хайир-пайда букІана цогидал устарзабазеги.
25
Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна: — ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи.
26
Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби — гьел аллагьзабилъун кколарилан.
27
Гьедин нилъер махщел какун квешаб цІар чІвазе букІин гуребги, гьелдалъун хІинкъи буго нилъер кІудияй аллагь Артемидал храм щибго гуреб бакІлъун рикІкІинилан ва тІолабго Асиялдаги ва тІолабго дуниялалдаги халкъаз жиндие бетІерчІвалей гьей аллагьалъул цІар гьанже гІадин кІодо гьабиларилан.
28
Гьебмехалъ устарзаби ццидаца гьалаглъун ахІдезе лъугьана: — Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! — ян.
29
ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде.
30
Гьеб халкъалда гьоркьове лъугьине бокьун букІана Павелие, амма муридаз виччачІо.
31
Асия вилаяталъул цо-цо чІухІби-хІакимзабазги, — Павелил гьудулзабиги рукІиндалха гьел, — гьесда аскІоре чагІи ритІун рачІана театралде унгейилан абун.
32
Гьеб заманаялда цояс гьадин ахІун, цогидас додин ахІун, кутакаб гъалмагъир лъугьана гьениб. Гьезул гІемерисезда лъалебцин букІинчІо щай жал гьенире ракІарун ругелали.
33
Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана.
34
Амма гьев жугьутІав вукІин лъайдал, цого гьаракьалъ кІиго сагІатгІанасеб мехалъ ахІана гьез: — Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! — ян.
35
Цеве вахъун, шагьаралъул гІелас, гьелги гІодоре риччазарун, абуна: — Ле, Эфесалъул гІадамал! КІудияй Артемидал храмги зодисан рещтІараб гьелъул суратги цІунулел гІадамал нуж ругеллъи лъаларев чи щив вугев?
36
Гьелда дагІба базе бакІги гьечІеб мехалъ, гІодоре риччазе ккела нуж. Сундулъго хехдари рекъоларо.
37
Гьанире нужеца рачун рачІарал гьал чагІаз храмалъуб цІогьги гьабичІо, нилъер аллагь какараб рагІиги гьазул кІалдиса къватІибе бачІинчІо.
38
Деметрийил ва цогидал устарзабазул лъидехунниги дагІба бугеб батани, гьеб тІубазе тІадаб судги буго, наибзабиги руго. Гьезухъе гІарзалъ ине риччай.
39
Гьелдаса батІияб суал нужер бугеб батани, къануналда рекъон, ахІун данделъигун, гьениб тІубазе ккела.
40
Щибго гІиллаго гьечІого гьаб гъалмагъир нилъеца гьабидал, ургъунго питна багъаризабун бугилан, нилъеда гІайиб чІезабиялда хІинкъи буго. Щай гьанире ракІараралилан гьикъани, кьезе жаваб гьечІогури нилъер.
41
Гьединги абун, халкъ бикьа-биххизабун нахъе битІана гьес.
← Chapter 18
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 20 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28