bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 2
Acts 2
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 3 →
1
КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана.
2
Гьале цойидасан зобалазда бахъана гьалагаб гьорол гІадаб гьаракь, ва гьал жанир рукІараб рокъоб багъана гьеб.
3
Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал.
4
Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана.
5
Гьел къоязда Иерусалималде рачІун рукІана дуниялалъул ункъабго рахъалда ругел киналго пачалихъаздаса жугьутІазул вализаби.
6
Гьеб гьаракь рагІун халкъалъул руккелал данделъана гьенире. Жидер щивасул мацІалда гьел кІалъалел рагІидал, гІажаиблъун хутІана гІадамал.
7
[7-8] — Гьални Галилеялда рижарал чагІи ругин, нилъер мацІ гьазда кинха лъазе кколеб? — ан хІикмалъун, тамашалъун абулеб букІана гьез цоцазда. — Нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал!
9
Нилъеда гъорлъ руго Парфиялъулги, Мидиялъулги, Эламалъулги гІадамал, гьединго Месопотамиялда, Ягьудиялда ва Каппадокиялда, Понталда ва Асиялда,
10
Фригиялда ва Памфилиялда, Мисриялда ва Киренаялъулаб Ливиялъул улкабазда яшав гьабун чІарал гІадамал ва Рималдаса зияраталъе рачІарал
11
(нилъеда гьоркьор руго жугьутІалги жугьутІазул дин босаралги), гьединго Криталъул гІадамал ва гІарабал. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун лъугьарал кІудиял ишазул хІакъалъулъ нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал!
12
Гьедин гІажаиблъун-хІикмалъун, гьелъул магІна щибдайилан цоцазда гаргадулел хутІун рукІана гьел гІадамал.
13
Амма цо-цояз, гьелги гІад-хочІ гьарун, абулеб букІана цІияб чагъир гІадалъе бахун бугин гьездаян.
14
Гьебмехалъ Пётрги гьесда цадахъ вукІарав анцІила цо чапарги цевегІан вачІана. Халкъалда рагІиледухъ гьаракь борхун Пётрица абуна: — Я, вацал жугьутІал ва Иерусалималъул тІолабго жамагІат! ГІенеккея! Гьалъул магІна щибали бичІчІизабизе биччай! ГІинтІаме дир рагІабазухъ!
15
Нужеда ракІалде кковухъе, мехтун гуро гьал ругел. Щайгурелъул жеги сагІат ичІго тІубачІеб рогьалил гІуж бугелъул.
16
Амма гьаб буго Йоэл аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъиялъул гІаламат:
17
«Аллагьас абулеб буго: Ахирзаман тІаде щведал, гьадин букІина — Дир РухІалъул хІалкІолъи чвахизабила дица щибаб рижиялда тІаде. Нужер бихьиназдеги руччабаздеги рещтІина Аллагьасул рагІи, нужер гІолохъабазухъе гьеб илгьамалдалъун щвела, нужер херазухъе гьеб макьилъ бихьун щвела.
18
Дир лагъзадерида ва гъаравашазда тІадеги чвахизабила гьел къоязда Дир РухІалъул хІалкІолъи, ва гьездеги рещтІина Аллагьасул рагІи.
19
Дица тІасан зобалаздасан мугІжизатал рихьизарила, гъоркьан ракьалдасан гІаламатал рихьизарила. БукІина биги, цІаги, кІкІуйдул хІубиги.
20
Бакъул гордо бецІлъила, моцІ биялде сверила. Гьеб лъугьина БетІергьанасул кІудияб ва гвангъараб къо тІаде щвелалде.
21
Ва БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи хвасарлъила».
22
Я, вацал жугьутІал! ГІенекке гьал дир рагІабазухъ. Назареталдаса ГІиса вукІана жинца гьев нужехъе витІун вукІин Аллагьас чІахІиял ишаздалъунги, гІаламатаздалъунги, мугІжизатаздалъунги нужеда лъазабурав чи. ГІисадалъун тІубазабуна гьеб кинабго нужеда гьоркьоб Аллагьас. Гьеб нужедаги лъала.
23
Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца.
24
РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул.
25
Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев.
26
Гьелъ дир ракІ аваданлъизабуна. Дир кІалдисан унеб рагІиги рохалилаб буго. ХІатта дир напсгицин гьанже хьулазда букІина.
27
Щайгурелъул дуца дир рухІ хабалъ теларо, дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо.
28
Дуца дида гІумруялъул Нух бихьизабуна. Мун дида аскІов вугеб мехалъ рохалил цІела дир ракІ».
29
Я, вацал! Нилъер цо кьолбол кІудияв эмен Давудил хІакъалъулъ гьадин абунилан гІайиб гьабуге: гьев хвана, хабалъ букъана гьесул черх, гьесул хоб бугеб бакІги лъала нилъеда жакъа къоялдаги.
30
Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан.
31
Цебеккунго Давудида лъалеб букІана МасихІ хваралъуса вахъинавизе вукІин: гьев хабалъ толарилан ва гьесул черх туруларинги абун букІана.
32
Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун.
33
Аллагьасул кваранаб рахъалде вахиндал, гьес гІадамазде чвахизабуна, рагІи кьун букІиндал Инсудасан щвараб Илагьияб РухІ. Гьеб нужеда бихьулебги рагІулебги буго.
34
[34-35] Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“».
36
ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи.
37
Гьел рагІаби гІадамазул рекІел мащабазулъе ана. Нижеца щибха, вацал, гьанже гьабизе кколебилан гьикъана гьез Пётридаги цогидал чапарзабаздаги.
38
Пётрица гьезда абуна: — Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе.
39
Нужееги, нужер лъималазеги, нилъер ТІадегІанав Аллагьас жиндаго аскІоре ахІанщинал рикІкІада ругезеги, гьединаб рагІи кьун бугелъул БетІергьанас.
40
Гьединалги цогидалги гІемерал рагІабаздалъун МасихІил хІакъалъулъ бицунеб букІана гьес. Гьаб пасатаб умматалдаса цІунейилан малъулеб букІана.
41
Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу.
42
Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан.
43
Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги.
44
Киналго муъминзабаз магІишат дандбана.
45
Хур-мулк бичулаан, гьелъухъ щвараб гІарацги бикьулаан гьелде хІажалъи кканщиназе.
46
Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан.
47
Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал.
← Chapter 1
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 3 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28