bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 5
Acts 5
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 6 →
1
Анания абулев чиясги гьесул чІужу Сафирацаги жидерго хур бичана.
2
Гьеб гІарцул цо бутІа босун чапарзабазухъе кьуна, хутІараб балъго гьабуна. (Гьесул чІужуялдаги лъалаан гьеб.)
3
Пётрица абуна: — Ле, Анания, щай дуца илбис рекІелъе лъугьине биччараб? Гьелъ мун гьесизавуна, хур бичун щвараб гІарцул цо бутІаги балъго гьабун, Илагьияб РухІ гуккизе.
4
БичизегІан гьеб хурул бетІергьан мун гурищ вукІарав? Гьеб бичун щвараб гІарцул бетІергьанги мун гурищ ккарав? Дур рекІее кин гьеб къабуллъараб? ГІадамал гуро дуца гуккарал, Аллагь гуккана.
5
Гьеб рагІарабго гІодов ккун хвана Анания. Гьелъул хІакъалъулъ рагІанщинасул рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.
6
Рахъун гІолохъабаз мусралги ран, къватІибе босун, хабалъ букъана гьесул жаназа.
7
Лъабго сагІаталдасан ячІун тІаде щвана лъугьанщиналъул хІакъалъулъ щибго лъаларей Ананиял лъади.
8
Пётрица гьелда гьикъана: — Бице, гьале гьаб гІарцудейищ нужеца хур бичараб? Уйилан абуна гьелъ.
9
Гьебмехалъ Пётрица гьелда абуна: — Гьедин батани кІиялго рекъон Бичасулаб РухІалъул хІалбихьизе къасд гьабун бугоха нужеца. Гьале нуцІикІалтІе щун руго дур рос хабалъ вукъизе ун рукІарал гІадамал. Гьанже кватІичІого дур жаназаги босила гьез гьаниса къватІибе.
10
ГьебсагІат Пётрида цее гІодой ккун хвана гьейги. РачІун долго гІолохъабаз росасулалда аскІоб букъизе босун ана гьелъул жаназаги.
11
Иман лъуразул агьлуялъулги ва гьеб хабар рагІарал киналго цогидал гІадамазулги рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.
12
Чапарзабазул квераздалъун гІемерал гІаламатал ва мугІжизатал лъугьана халкъалда гьоркьор. Гьел киналго цадахъ Сулайманил рагъиде данделъулаан.
13
Цониги чияр чиясда кІолароан гьезда аскІове къазе. Амма халкъалъ кІодо гьарулел рукІана гьел.
14
ЦІакъ гІемерал гІадамаз — бихьиназги руччабазги — ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.
15
Унтарал-гІажизал чагІи туртида лъун, бусада лъун къотІнорецин росулел рукІана гІадамаз цевесан унев Пётрил рагІадгІаги цо-цо чагІазда хъвалародайилан.
16
Иерусалималда сверухъ ругел шагьараздасаги гІемераб халкъ бачІунеб букІана гьенибе, унтарал ва жундуз ккурал гІадамалги рачун. Киналго гьел сахлъулел рукІана.
17
Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишасулги гьесул чукъбузулги рекІелъе (гьел рукІана саддукеязул мазгьабалъул гІадамал) кІудияб жахІда лъугьана гьездехун.
18
Гьез чапарзаби ккун рачун шагьаралъул туснахъалда тІамуна.
19
Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна:
20
— Мукъадасаб Рокъоре ун тІаде рахъун халкъалда бице гьаб цІияб гІумруялъул хІакъалъулъ кинабго хабар.
21
Гьес малъухъе чапарзаби радал хъахІлъи бараб мехалъ рахъун Мукъадасаб Рокъоре ана ва гьениб халкъалъе хабар бицана. РачІун бищунго кІудияв кашишги гьесул чукъбиги мажлисалде данделъана. Гьенир рукІана Исраилил халкъалъул киналго чІахІиял гІадамалги. Гьез нукарзаби ритІана туснахъалъур тІамун ругел чапарзаби рачун рачІаян.
22
Амма гьел нукарзабазда чапарзаби туснахъалъур ратичІо. ТІадруссун рачІун гьез бицана:
23
— Рахан-къан туснахъалъул нуцІаги батана, нуцІихъ эхетун хъаравулзабиги ратана. Амма, нуцІа ричІун жанире раккидал, гьенив щивниги ватичІо нижеда.
24
Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана.
25
ВачІун цо чияс лъазабуна гьезда, гьалея, дол нужеца туснахъалъур тІамун рукІарал чагІаз, Мукъадасаб Рокъореги рачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабулеб бугилан.
26
Гьебмехалъ рахъун ун дол хъаравулзабазул бетІерасги гьесул нукарзабазги чапарзаби рачун рачІана. Амма хІал-зулмуялдалъун гуребха, — халкъалъ ганчІал речІчІун жалго чІвалилан хІинкъана гьел.
27
Гьенире рачун рачІарал чапарзаби кІудияб судалда цере чІана. Бищунго кІудияв кашишас гьезда гьикъана:
28
— Гьеб цІаралъул хІакъалъулъ халкъалда щибго бицунгейилан лъазабун гурищ нужеда букІараб? Нужецайин абуни тІолабго Иерусалималда тІибитІизабун буго гьеб дин ва гьев чиясул бидул хІакъги нижеде бугъизехъин буго нужеца.
29
Пётрицаги цогидал чапарзабацаги гьезие гьадинаб жаваб кьуна: — ГІадамазухъалдаса Аллагьасухъ цІикІкІун гІенеккизе ккола.
30
Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса.
31
Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе.
32
Гьелъие нугІзал руго ниж ва жиндихъ гІенеккаразе Аллагьас кьураб Илагьияб РухІги нугІлъун буго гьелъие.
33
Гьеб рагІидал, кІудияб судалъул гІадамазул ццин гьалаглъана. Чапарзаби чІвазе бокьун букІана гьезие.
34
КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи.
35
Цинги гьес абуна: — Я, вацал-жугьутІал! Гьал чагІазе щиб гьабилебали цІодорго хал гьабизе ккела нужеца.
36
Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана.
37
Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана.
38
Гьединлъидал, гьале дица нужеда абулеб буго, щибго гьабичІого жалго те гьадал чагІи. Щайгурелъул гІадамаздасан бугеб амруги ишги гьеб батани, жибго биххун ина.
39
Аллагьасдасан гьеб батани, нужеда кІвеларо гьеб биххизабизе. Аллагьасда данде рагъулел чагІилъунцин лъугьине гуринха нуж.
40
Гьасухъ гІенеккана гьел. Жаниреги ахІун, цІалаца рухана гьез чапарзаби. ТІокІаб ГІисал цІар рехсон щибго бицунгейиланги лъазабун, нахъе риччана.
41
Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан.
42
Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІого МасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан.
← Chapter 4
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 6 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28