bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 17
Acts 17
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 18 →
1
Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде.
2
Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ.
3
Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: — МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса.
4
ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги.
5
Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян.
6
Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: — Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго.
7
Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез!
8
Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна.
9
Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги.
10
Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре.
11
Фессалоникаялда ругездаса лъикІал ратана гьенир жугьутІал. МухІканго гІенеккана гьел гьазул рагІухъ. Гьазул хабар ритІухъаб бугищали лъазе щибаб къоялъ Илагьиял ТІухьдул цІализе лъугьана гьел.
12
Гьазда божана гІемерисел жугьутІал, иман лъуразда гъорлъ дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел греказул руччаби, гІезегІан рукІана бихьиналги.
13
Павелица Аллагьасул рагІи Бероялдаги тІибитІизабулеб бугилан рагІидал, Фессалоникаялдаса жугьутІаз, гьениреги рачІун, шагьаралъул халкъ гьезда данде гьусун тІамулеб букІана.
14
Гьеб параялъго вацаз гамида рекІине ралъдал рагІалде витІана Павел. Силаги Тимофейги гьенирго чІана.
15
Павел тІовитІизе ун рукІарал гІадамал, Афиниялде гьевги щвезавун, хехго жинда тІаде щвайилан Силахъеги Тимофейихъеги гьесул ругьелги босун, тІадруссун рачІана.
16
Силаги Тимофейги рачІинегІан Афиниялда чІун вукІарав Павелил цІакъ ракІ бакъвана гьеб шагьаралда гьересиаллагьзабазул гІемерал суратал рихьун.
17
Синагогаялъуве лъугьун гьес гара-чІвари гьабулаан жугьутІазулгун ва Аллагьасе гІибадат гьабулел греказулгун. Щибаб къоялъ базаркъотІнове ун, гьенир ратаразеги бицунаан Павелица хабар.
18
Гьенир Павелида ратана цо-цо философал — Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин.
19
Ареопаг абулеб мажлисалде вачун, Павелида гьез абуна: — Нижее лъазе бокьун буго кинаб гІелмуялъул дуца бицунеб бугебали.
20
ЦІакъ хІикматаб хабар рагІулеб буго нижер гІундузда, гьединлъидал гьелъул магІна лъазе бокьун буго.
21
(Афиниялъул халкъги къватІиса рачІарал апарагзабиги рукІунаан цІия-лъияб хабаралъул бицун накъиталда заман инабулел.)
22
Мажлисалда цевеги чІун, Павелица абуна: — Я, Афиниялъул гІадамал, дида бихьулеб буго нуж сундулъго цІакъ диниял чагІи ругеблъи.
23
Шагьаралъул къватІахъ тирулаго гІемерал хириял бакІал ратана дида гьенир. ХІатта, «Щивали лъаларев аллагьасе» абун хъвай-хъвагІай гьабураб къурбан хъолеб бакІцин бугоан. Гьеле гьев, щивалицин лъалев гьечІониги, нужеца тІагІат гьабулев Аллагьасул динин дица тІибитІизабулеб бугеб.
24
Гьев вуго гьаб дуниялги дуниялалда бугебщинабги бижарав Аллагь. Зоб-ракьалъул БетІергьан вугелъул, инсанасул квераз рахъун чІезарурал кІалгІабазда жанив чІоларо гьев.
25
Яги инсанасул квераздалъун жиндие хъулухъ гьабизе ккаравги гуро Аллагь. Киданиги щибниги хІажалъуларо гьесие. Гьесин киналъего гІумруги, хІухьелги, цогидабщинабги кьолеб.
26
Аллагьас тІоцеве цохІо чиясдасан лъугьинаруна дуниялалда ругел киналго халкъал. Щибаб халкъалъе болжалги ва чІезе бакІалъе гІорхъалабиги рихьизаруна.
27
Аллагьас гІадамазе рес кьуна гьев валагьизе, гьев вукІин гьезул ракІалъ бицине ва гьезда гьев Аллагь ватизеги. Нилъер щивав чиясдаса рикІкІад гьечІелъулха гьев Аллагь.
28
Гьесдалъун чІаго руго нилъ, гьесдалъун рахъун чІун руго нилъ, гьесдалъун гІумру гьабулеб буго нилъеца. Гьелъул хІакъалъулъин нужер цо шагІирас гьадин хъван букІараб: «Нилъ киналго Гьесул Лъимал ругелъул...»
29
Гьедин Аллагьасул лъималлъун нилъ кколеб мехалъ, нилъеца бегьилищ меседалдасан, гІарцудасан, яги ганчІидасан лъугьинабураб жо илагьияб бугилан абизе, гьеб кинабго бугелъул устарасул квералъ гьабураб ва гьесул бетІералъ ургъараб жо.
30
Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян.
31
Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав.
32
Хваралъуса вахъинавиялъул Павелица рехсей гьабидал, цо-цояз гьев гІад-хочІ гьавуна, цогидаз абуна гьелъул бицине цоги нухалъ вачІайилан.
33
Павел гьезул мажлисалдаса нахъе ана.
34
Амма гьесул рахъ ккун иман лъурал гІадамалги ккана. Гьезда гъорлъ рукІана мажлисалдаги гІахьаллъулев Дионисий абулев чи, Дамар абун цІар бугей чІужугІадан ва цогидалги.
← Chapter 16
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 18 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28