bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 6
Acts 6
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 7 →
1
Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан.
2
Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарас, киналго муридалги данде ахІун, лъазабуна, Аллагьасул рагІи-малъиги рехун тун, жал садакъа-напакъаялде руссине рекъон букІинарилан.
3
Гьанже, вацал, нужеда гьоркьоб къадру-къимат бугев, Илагьияб РухІалъ ракІги цІурав, цІодорав-гІакъилав анкьго чи тІаса вищизе ккелин. Цинги гьеб ишги гьезда тІадкъалин,
4
нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел.
5
Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги.
6
Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна.
7
Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна.
8
Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги.
9
Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана.
10
Стефанилъ бугеб Илагьияб РухІги гьесул гІакъилаб каламги къезабизе кІвечІо гьезда.
11
Гьебмехалъ гьез, гъоркьанго рекъезарун, цо-цо чагІи гьусун тІамуна Муса аварагги Аллагьги какун гаргадилев рагІанин гьев жидедаян абизе.
12
Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна.
13
Гьенире рачун рачІана гьаб хирияб бакІги нилъер къанунги какун чІечІого гаргадулев вукІанин гьевилан гьересинугІлъиялъе гІадамал.
14
Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан.
15
Судалда гьоркьор ругел гІадамал Стефанихъ ралагьун рукІаго, гьезда бихьана гьесул гьумер малаикасул гІадин лъугьун.
← Chapter 5
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 7 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28