bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 9
Acts 9
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 10 →
1
Шаулил рекІелъа унеб букІинчІо ТІадегІанав ГІисал муридал хІинкъизариялъулги гьел гъурун тІагІинариялъулги гъаргъар. Бищунго кІудияв кашишасухъе вачІун
2
гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана.
3
Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев.
4
ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. — Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? — абун гьаракьги рагІана гьесда.
5
— Мун щив, бетІерчІахъад? — абун гьикъана Шаулица. — Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, — ян рагІана гьесда жаваб. —
6
Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали.
7
Гьесда цадахъ рукІарал гІадамал кІал-мацІ къотІун хутІана. Гьаракь рагІулеб букІин гурони, щивниги чи вихьулев вукІинчІо гьезда.
8
Шаул тІаде вахъана. Амма берал ричІун валагьидал, щибниги бихьичІо гьесда. Бераздаса канлъи босарав гьев, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна.
9
Лъабго къо бана гьес бадиса канлъиги босун. Я кваначІо, я гьекъечІо.
10
Дамаскалда вукІана Анания абулев цо мурид. Илгьам лъугьун: «Ва, Анания!» — абун ахІана гьесде ТІадегІанав ГІисаца. «Дун гІенеккун вуго», — ян абуна гьес.
11
Цинги ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Гьанже вахъун а мун БитІараб абун цІар лъураб къотІнове. Гьениб Ягьудал минаялъув цІехе Тарсалдаса Шаул абун цо чи вугищилан. Гьале гьаб параялда дугІа гьабулев вукІаго,
12
гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан.
13
Ананияца абуна: — Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги.
14
Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун.
15
ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: — Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи.
16
Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали.
17
Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: — Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас — гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца — дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги.
18
ЧчугІил хъал кинигин, тІаса ана бецлъи, ва гьебсагІат канлъи бихьана. ТІаде вахъун ун гьев лъадалъ ччун вахъана.
19
Цинги кванана-гьекъана, къуват-жан чорхолъе лъугьана. Цо чанго къо бана Шаулица Дамаскалда муридазда аскІоб.
20
Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан.
21
Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана: — Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав?
22
Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул.
23
Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул.
24
Шаулидаги лъана гьелъул хІакъалъулъ. Къасиги къадги шагьаралъул кавабазухъ гъоркьчІел гьабун букІана гьев чІвазе.
25
Сардилъ гьесул муридаз гьев, гьагьинивги лъун, шагьаралъул рагІалда бугеб къадахъа гъоркье виччана.
26
Иерусалималде щвараб мехалъ Шаулица къасд гьабуна муридалгун цолъизе. Амма гьев муридлъун лъугьун вукІиналда божичІого, гьесукьа хІинкъун рукІана киналго.
27
Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца.
28
Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар.
29
Гьев дагІбадулаан, къацандулаан грек мацІалда кІалъалел жугьутІалгун. Гьез къасд гьабуна Шаул чІвазе.
30
Гьеб лъайдал, Къайсарияталдеги вачун, вацаз Шаул Тарсалде витІана.
31
Гьедин тІолабго Ягьудиялда, Галилеялда ва Самариялда иман лъуразул агьлуялъул хІал лъикІлъана, БетІергьанасдаса хІинкъарал ва Илагьияб РухІалъ кантІизарурал гІемерал гІадамаз иман лъуна.
32
Киназухъего щвезе къватІиве вахъун вукІарав Пётр гьале Лидда абулеб шагьаралда ругел иман лъуразухъе щвана.
33
Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи.
34
Пётрица гьесда абуна: — Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре! Эней гьебсагІат тІаде вахъана.
35
Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна. Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид.
36
(«Чанил цІцІе» абураб магІна буго гьеб цІаралъул.) ГІадамазе лъикІлъи гІемерай, мискиназе-пакъиразе садакъа гьарзаяй гІадан йикІана гьей.
37
Гьеб заманаялда цо хехаб унтуца хвана гьей. ТІасарокъоб лъун букІана чурун къачІараб гьелъул жаназа.
38
Лидда Иоппиялдаса рикІкІад букІинчІелъул, Пётр Лиддаялда вугин рагІарал муридаз кІиго чи витІана хехго жидеда тІаде щвайилан гьаризе.
39
Вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялде щведал, гьев тІасарокъове вачана. ГІемерал къоролруччаби ратана гьенир. ГІодилаго гьез Пётрида рихьизарулел рукІана чІаго йигеб мехалъ гьелъ жидеего гьарурал гурдал ва цогидабги ретІел.
40
Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: — ТІаде яхъа, ТІабита! — ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана.
41
Кверги ккун, тІаде яхъинаюна Пётрица гьей. Цинги иман лъуралги къоролруччабиги ахІун, ТІабита чІаголъун йикІин бихьизабуна гьезда Пётрица.
42
Гьелъул хабар тІибитІана тІолабго Иоппиялда. ТІадегІанав ГІисаде иман лъун гІемерав чи муъминлъана.
43
Симон абулев цо дабагъчиясухъ гьоболлъухъ рещтІун Иоппиялда лъикІаланго къоял рана Пётрица.
← Chapter 8
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 10 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28