bible
ra
🌐 Language
English
Español
Français
Deutsch
Português
Italiano
Nederlands
Русский
中文
日本語
한국어
العربية
Türkçe
Tiếng Việt
ไทย
Indonesia
All Languages
Home
/
Avar
/
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
/
Acts 4
Acts 4
Avar Инжил Магӏарул [Avaric]
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 5 →
1
Гьедин халкъалъе хабар бицунел гьел ругеб мехалъ, рачІун тІаде щвана кашишзабиги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бетІерги, саддукеялги.
2
Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел.
3
Гьез ккун вачун жанив тІамуна гьев кІиявго. Сардилъ мех букІиндал, рогьинегІан туснахъалъур тана гьел.
4
Амма гьезухъ гІенеккарал гІемерисел гІадамал гьез бицаралда божана, гьедин гьезул агьлуялда щуазаргогІанасев чи гІуна.
5
Гьале нахъисеб къоялъ радал Иерусалималда данделъана чІухІби-хІакимзабиги диниял гІалимзабиги.
6
Гьенир рукІана бищунго кІудияв кашиш Гьаннаги, гьелго кашишзабазул тухумалъул Кайафаги, Иоаннги, Александрги ва цогидалги.
7
КІиявго чапарги цеве чІезавун, гьез гьикъана кинаб къудраталдалъун ва лъил цІаралдалъун нужеца доб иш гьабурабилан.
8
Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна: — Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби!
9
Гьев гІажизав-загІипав чи кин сахлъаравилан жакъа нужеца нижеда гьикъулеб бугелъул,
10
нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи.
11
Гьев ГІиса вуго къадалъ лъезецин ярагьунарилан нужеца — къадахъабаз — нахъе рехараб, амма цололъ лъезе ккараб гамачІ.
12
Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб.
13
Пётрилги Иоаннилги хІинкъунгутІи бихьун, гьел гІалимзаби гуреллъи, гІадатиял гІадамал рукІин бичІчІун хІикмалъун хутІана гьел. Гьебмехалъ ракІалде щвана Пётрги Иоаннги ГІисада цадахъ рукІараллъи.
14
Гьез сахлъизавурав чи гьенив жидеда аскІов чІун вихьидал, гьев кІиясдаго дандечІун абизе рагІи батичІо гьезда.
15
Суд гьабулеб рокъоса къватІире гьелги гъун, гьезие щибдай гьабилаян ургъизе лъугьана гьел.
16
«ТІолабго Иерусалималъул халкъалда лъалеб буго хІакъикъаталдаги гьез якъинаб мугІжизат бихьизабураблъи. Гьеб гьереси гьабун бажариларо нилъехъа, — ян абулеб букІана гьез. —
17
Амма халкъалда гьоркьоб гьеб хабар хадубккунги тІибитІичІого букІине ГІисал цІар рехсон тІокІаб лъиданиги гаргадугейилан хІинкъизарун лъикІ гьел».
18
АхІун жанирегун, гьезда лъазабуна тІокІаб ГІисал цІар бахъугеян ва гьесул цІаралдалъун вагІза гьабугеян.
19
Амма Пётрицаги Иоанницаги гьезие жаваб кьуна: — Нужецаго пикру гьабе: Аллагьасда цебе битІараб букІинищ, гьесухъ гІенеккичІого, нужехъ гІенекки?
20
Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда.
21
[21-22] Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.
23
КъватІире риччараб мехалъ Пётрги Иоаннги жидерго агьлуялъухъе ана; чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жидеда абунщинабги гьезда бицана.
24
Гьазул хабар рагІидал гьеб агьлуялъ киназго цадахъ Аллагьасде гьари бана: — Зобал рижарав, ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав нижер БетІергьан!
25
Дур лагълъун кколев нижер кІудияв эмен Давудил кІалдиб лъун дуца Илагьияб РухІалдалъун абун букІана: «Халкъал щай ццидахун ругел, Къавмаз щай гІантал жал гьарулел ругел?
26
РачІун цолъана ракьалда ругел парччахІзабиги ЧІухІби-хІакимзабиги БетІергьанасда дандечІезе, Гьесул МасихІида дандечІезе».
27
ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе.
28
Цолъана цебеккунго дур къудраталъ ва дур къадаралъ бихьизабун букІараб хІукму тІубазабизе.
29
Я, БетІергьан! Гьале гьез нижее хІинкъаби кьолел руго. ХІинкъичІого дур калам халкъалда лъазабизе къуват кье дурго лагъзадерие.
30
Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее!
31
Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана.
32
Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул.
33
Чапарзабазин абуни, кІудияб къудраталдалъун нугІлъи гьабулеб букІана ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъун вихьанин жидедаян. Ва кІудияб баркат лъун букІана гьел киназдаго.
34
БетІербахъи загІипав чиги гьезда гьоркьов вукІинчІо. Щайгурелъул гІемерисезул букІана хур-ахги, мина-рукъги. Гьез гьеб бичулаан
35
ва щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьолаан. Цинги гьезги, къваригІарасе къваригІарабгІан бикьун, киназего кьолаан.
36
Барнаба абун чапарзабаз тІокІцІар кьурав (гьелъул магІна ккола «РакІбатизабулев») Кипралдаса Юсуп абулев цо левитас жиндирго хур бичана,
37
гьелъухъ щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьуна.
← Chapter 3
Jump to:
Chapter 1
Chapter 2
Chapter 3
Chapter 4
Chapter 5
Chapter 6
Chapter 7
Chapter 8
Chapter 9
Chapter 10
Chapter 11
Chapter 12
Chapter 13
Chapter 14
Chapter 15
Chapter 16
Chapter 17
Chapter 18
Chapter 19
Chapter 20
Chapter 21
Chapter 22
Chapter 23
Chapter 24
Chapter 25
Chapter 26
Chapter 27
Chapter 28
Chapter 5 →
All chapters:
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28